Меседил Горо - Mesedil goro Fatimat Kicheva

Рейтинг: 0,00 (0)

Серия стихов: Без серии

Меседил Горо - Mesedil goro Fatimat Kicheva
Умумузул кlалзул гьунаралъул асарал ричlчlизе ккани, гьезул захlматаб гlумруги, гьезда рихьарал гlемерал къварилъабиги, гьезул историяги нилъеда лъазе ккола. Гьаб гьитlинабго тlехьалда данде гьарун руго дицаго гьарулалги, диде бицулел рагlаралги кlучдул
Бичlчlулеб буго, умумузул гlумру гlадатабги бигьаябги букlинчlеблъи.
Гьезул цоцазда гьоркьов гьудуллъиги, чlужугlаданалдехун лъикlаб бербалагьиги, берцинаб хьвада – чlвадиги мисаллъун буго нилъее жакъаги

Фатlимат Кичева


ГIамал Квеш
Зодоб бакъ бугони,
Мун рази гьечIо.
НакIкIаз бакъ бахчани,
Мун рази гьечIо.
Зодосан цIад бани,
Мун рази гьечIо.
ЦIорол горо бани,
Мун рази гьечIо.
Нагагь гIазу бани,
Мун рази гьечIо.
Цинги гьури пуни,
Мун рази гьечIо.
Нагагь ГIизраилас
Мун ячун ани –
Ниж разилъиладаи;,
Пашманлъиладаи;?


ГIакълу
Ятиладаи; щии;го
Гьаб ракьалда тIад
Гьанже дун гIадинаи;
ГIакълу щущараи;?
ГIакълу бачlунила
ГIундул рагьани,
ГIакълу щущалила
ГIемер кIалъани.


Кквезе кIоларо
ХъахIилаб зодихъ хIинчI
Буго боржунеб,
Дица квер битIула -
Кквезе кIоларо.
Цоги дун гIадинаи;
ГIабдал и;игодаи;
Хиялазул ракIалъ
Керен бухIулеи;?


КIиго наслу бижун буго...
Гьаб гургинаб дунялалда
КIиго наслу бижун буго:
Адамилгун ХIавал – цояб,
Маи;малаказул – цогияб.
Гьаб Адамил наслуялда
ГIадалал чи гIемер гьечIо,
Гьаб Адамил наслуялда
МагIнаял чи цIикlкIун руго.
Маи;малакил наслуялда
Маи;малакал гIемер руго,
Маи;малакил наслуялда
ГIадалал чи гIемер руго.


РакIал – магIарухъ
МагIарул росаби
ЧIорого руго.
МагIарулал рехе Гочун ун руго.
Амма гьезда макьу
Росулъ бихьула.
РакIал хутIун руго
Гьезул магIарухъ.


БоцIи:
Умумуз бицун тана Лъабго жо
БоцIи гурин:
- Наялги,
- ГIиялги,
- ГIурул рагIалда хурги


Сухъмахъ
Сверулеб гьакил гIадаб
Буго гIумрудул магIна:
Гьеб сверулеб чIоларо,
ЧIезеги гьеб толаро.
Цин эхеде, цин бехе,
МугIрузул нухI кинниги,
Цин бигьалъи, цин захIмат -
ГIумруялъулги сухъмахъ.


Лъазе кlоларо
Гарбица бетIерищ Кьуризабулеб?
БотIроца габурищ Буссинабулеб?
КигIан ургъаниги, Лъазе кIоларо.


ГIали
ГьитIинав жо
ГIали вуго вачIунев, Балагьун чIун,
КIодо и;иго кав рагьтIа
Жакъаги дун КватIанадаи;, дир кIодо? Дие щолеб
Саи;гъат бугищ кьечIого?
Дуе тараб
Саи;гъат кьечIо лъиего, Цинса кванаи;,
Хадуб кьела мухIканго


Зар
Дур кIалзуда
кIиго нухалъ зар щвани, ГIакълу гьечIо
Дур ботIрода щибниги


Исана сон нахъ тани...
Школалде дун инегIан
ЛъикIаб гIумру букIана,
Ихтилат-кеп гIемераб,
Эркенго хIухьел цIалеб.
Хадув школалде ана,
КIии;илалги росана.
Ургъелалъ габур-бетIер
Далун гIодобе цIана.
Дир рокъов гьудул-гьалмагъ
ЦохIо кlудадада вуго,
АхIи-хlур гIемерлъани,
Гьесда аскIове къала.
Рокъобги гьес рахъккола,
Школалдеги вачIуна, -
КIии;илалги дагьлъана,
Ункъилалги раккана.
Гьабго хIалалъ иш ани,
Исана сон нахъ тани, -
Щуи;илалги росила,
КIии;илал росиларо.

P.S. ЧIахъаги дир хирияв кIудияв дада


Меседил горо
Къирун нуцIагун рокъое
Яккун ячIанила
Ясалъул яс - гьитIинаи; Меседо.
ТIамулел чIумалги
ГIодор лъун гьалъие
Бакъан биччанила херас:
Гьале дихъе ячIун и;иго,
Меседил горо.
ГIемераб жо кьезе буго,
Меседил горо.
КъотIун тортги цебе лъела,
Меседил горо.
Бокьанщинаб щвела дуе,
Меседил горо.
Хадуи; кIудияи;ги гIела,
Меседил горо.
Гормендоги босила дуи;,
Меседил горо.
Мачуялги гьарила дуи;,
Меседил горо.
Гъамасги хIадурлъила дуи;,
Меседил горо.
Бачун цIцlеги хъвезе буго,
Меседил горо.
Росасеги кьезе и;иго,
Меседил горо.
Меседоца абун буго:
Ваи;, вереха, цIцlе хъоге, кIудада
БуртIал гьаризе те! – ян.
Гьединаи; и;икIунха дие мун и;окьулеи;,
Дир цIодок – Меседил горо –
Абун буго херасги, велъулаго.


СубхIат
Росулъ субхIаталде унел ясал
ЧIезарун руго кIодоялъ:
- Ясал, нуж кире?
- СубхIаталде
- Гьеб щиб жояли лъалищ нужеда? - Лъала.
- Лъаларо нужеда, гIенекке:
Зиниханас субхIаталда пулила зоно.
Зинил гьороца бачунила бакъан:
«ГIитI – ГIитI,
ГIитI – ГIитI,
ГIабдал вугищ?
ГIабдал гьечIищ?
ГIитI – ГIитI,
ГIитI – ГIитI,
ГIабдал вугищ?
ГIабдал гьечIищ?» - абун.
Къолохъанасул тIилаз бетIер
бухъарабго, къалица кьолила жаваб:
«Дамба-димба
Дунго гIабдал,
Дамба-димба
Дунго гIабдал.
Дамба-димба
Гьорол цIураб,
Дамба-димба
Дирго бетIер», - абун
Цинги кIанцIун гор бакьулъе цо гIолохъанчи вачIунила:
«Дамба-димба
Дунги гIабдал,
Дудасаги кIудияв,
Дамба-димба.
Дунго гIабдал Дудасаги гьалакав», - абун.
Васас тIил чIварабго,
ячIунила гор бакьулъе сверизе ясги:
«Дамба-димба
Дунги гIабдал,
Дудасаги кIудияи;,
Дамба-димба
Дирги бетIер
Лъидасаго тIадагьаб», - абун.
- Гьанже бичIчIанищ нужеда?
- БичIчIана.
- БичIчIун батани, къан магъалгун рокъор чIа!-
ян лъугIизабуна кIодоца.
Гьединаи; согIаи; кIодо и;икIун и;иго гьезул
Щуго вацасул цо яц.
Мунагьал чураги гьелъул.


ГIакълу гьечIеб гвангара
Берцинаи;, ракI лъикlаи; яс,
Дуца гьумер бахчуге,
РекIелъ щиб бугеб бице,
Берцинаи;, цIодораи; яс.
Дица гьумер бахчила,
ГIакълу гьечIеб гвангвара.
РекIелъ бугеб бицларо,
Дудаи;ищ гьеб бицинеб?


Мехтараб гIункIкI
Цо гьитIинабго гIодобчIеи; букIун буго гIункIкIазул цо росулъ.
Компанияги лъугIун, дагьа-макъаб коньяк биччараб гIункIкIги
рокъобехун къокъун буго.
Цирхун бералгун, лъиего нухги кьечIого, билълъунеб гьалда:
КъватIул ракьан чIван унеб
МалгIун-кету дандчIвала
«Гьанже щванагури мун
Дихъе, дир тушманилан»
Ццидаххараб гIункIкI тIаде лъугьанила катида.
- Ваи; мунищ гьаб букIараб
Хирияб къадеквенан,
Катица гIонкIкIол бетIер
КIалдиб бачун чIамула.
ЧIамулеб бетIералъул
ЧIирчIири бахъарабго,
Мехтараб гIункIкI хеккого
Доб дунялалде уна.
Гьелъул магIна:
Коньяк гьекъоге,
ГIаракъи гьекъоге
Чаи; гьекъе, кофе гьекъе,
Яги лимонад гьекъе.
Цебего ккараб къисса бугила гьаб.
ЦIарал хисизарунила, судалдаса хIинкъун.


Хьами
Цlодоралин цlар бугел кlиго чlужу-гlадан кlалъазе ккаралила
Цоялъ цоялда хьамунила:
- Ургъел базе чи камаи;ги дурилан.
- Бараб баччулел чи дургоги тlагIагиян абун буго
кIиабилелъги
Гьелдалъун гьезул кIалъаи; лъугIун буго.


ХъахIмикки
ХъахIмикки, боржа хехго,
Боржа хириясухъе!
Гьесда абе: «Хъваи; кагъат
Дурго гьудулалъухъе».
ГIедегIе, гьаракь берцин,
ГIедегIе, керен берцин,
Гьесда абе: «Дур гьудул
Унтун и;игин, гурхIаи;ин»
- ХъахIмикки, хвасар гьае
ГIазаб чIамизе тоге:
Гьесул жавабал дихъе
Дарулъун щвезе гьаре!
Дуца дир гьари тIубаи; –
Гьогьен чIван сахлъила дун
Паи;да щиб, ахикь тIокIал
ДандчIвазе хъван гьечIодаи;.


ХIажат гьечIо
Гьобол рокъов вачIани,
Гьесие квен гьабула.
Рокьуца нилъ кванала, -
Нилъеи; гьеб хIажат гьечIо.


Цои;ги сон
Цо-цо инсан лъугьула
Азарго сон балилан
Амма тIаде щолеб лъаи;
Азарго ун цоги сон.


Пикраби
Нижер азбаралда,
Мех бахъанагIан,
ЦIолбоца хьоп буго
ГIодобе цIалеб.
Дир рукъалда нахъа,
Заман анагIан,
Эбелалъ чIараб тIегь
Буго борхулеб.
Хаселги бачIина,
ЦIибил тIагIина,
Квелъалги ракIарун,
Хьопал хутIила.
Дир рукъалда нахъа
Эбелалъ чIараб
Доб берцинаб тIегьги
Бакъван хутIила.


НасихIат эбелалъе
Мадугьалихъ рекъон лъикI,
Къецгун дагIба кIочон лъикI,
Цоцазулъ ракI хвезегIан,
Ракълида гIемерго лъикI.
Дунял рихун батани,
Рукъалде балагь цIаге.
Къецалде лъугьинегIан,
Херазда гIакълу гьикъе!


Дур ракI
Дур ракI мегIерищ кколеб -
Риидалги накIкI лъолеб?
Дур ракI мегIерищ кколеб -
Кидаго кунчIулареб?
НакIкIалищ кколел берал -
Лъел гарал тIагIунарел?
НакIкIалищ кколел берал-
Даимго ракъваларел?


МегIер
-Дурги щаи; ццим бахъулеб,
Бищун борхатаб мегIер?
Бакъул чIораз тIоцебе
Дур тIогь гвангъизабулин?
-Бакъул чIораз тIоцебе
Дир тIогь гвангъизабула,
Ахада тIугьдул руго,
Дир тIогь гIаздал цIун буго.


Васас ясалде гьабураб
Берзул тIелхазулъан
МагIу чвахичIеи;,
Цо гIанчIаи; ясалъухъ
Буго рокьи ккун.
Макьилъгицин дие
ХIалхьи толареи;,
Цо гIанчIаи; ясалъухъ
Буго рокьи ккун.
ГьечIо гьелъул гIадаб
Берцинлъи лъилго,
Балагьун хутIула
Хаган киналго.
Гьелъ асир гьавичIев
Вас ватуларо,
Цо гIанчIаи; ясалъухъ
Буго рокьи ккун.
Лъаразда релълъуна
Гьелъул кIиго гъал,
ХIоразда релълъуна
Гьелъул кIиго бер.
Кьунсрул руго гьелъул
КIиго моцI гIадал,
Цо гIанчIаи; ясалъухъ
Буго рокьи ккун.
Гьелъул сурат бахъун
Бажаруларо,
Ва бажараниги,
Дида кIоларо.
Гьеи; ракIалде щведал,
КIал-мацI ккола дир –
Цо гIанчIаи; ясалъухъ
Буго рокьи ккун.


Нужер тIох
Цин тIаде ун, гъоркъе ун,
Нужее гвангъула бакъ,
Нижер тIохда тIубараб
Къоялъ чIун буго рагIад.
Цин тIаде ун, гъоркье ун,
Нужее гвангъула бакъ,
Нужер тIохил хинлъиялъ
Нижее хинлъи гьечIо.


Дун жеги хинлъун гьечIо
БукIана хъахIлъун мегIер,
Мелалдаса хъахIлъун хур,
БукIана гIазугун цIер -
ЦIаялъ бухIана дир ракI.
Ихдал ахал хъахIлъана,
Хадуб рии бачIана,
Бакъуца ракI боркьана-
Дун жеги хинлъун гьечIо.


Ихтияр гьечIо:
И;охъ, дур ихтияр гьечIо
Бегьулареб бицине
БицинчIого чIечIони,
Жавабги кье дуцаго.


Дирго кIортол кIиго гIин
Дунялалда бищунго
Берцинаб жо щибилан,
ХIамида гьикъун буго,
ХIамица бицун буго:
-Бищунго берцинаб жо -
Дирго кIортол кIиго гIин,
Бищунго сурукъаб жо -
Хважаинасул гъалда.


РакI:
Пашманлъи къинабулеб
Лъалебани дида бакI,
Дун гьенибе инаан,
Нахъе буссунароан.
Ургъел рекIелъа унеб
Лъалебани дида ицц,
Гьелъул лъелъ тIерхьинаан,
ТIокIаб кIалъалароан.


Ахир гьечIо:
Нилъ эхеде ххарулеб
ТIогьалъул гIорхъи буго,
ГIодоре нилъ гирулеб
КIкIалалъул ахир гьечIо


МегIер ракьулъе ана
Вас вукIана мегIерлъун,
Квер щолареб кьурулъун,
Яс и;икIана карачел,
ХъахIилаб гучаб гIорлъун.
МегIер ракьулъе ана,
Расалъиялъ къулчIана.
ГIорги бакъван тIагIана,
Гьеб хьуцIиде сверана.


Дир месед
Киналго ралагьула,
Дир месед,
Дур кунчIарал беразухъ,
Дир месед,
Дур хъахIаб нодоялъухъ,
Дир месед,
Узданаб лагаялъухъ,
Дир месед,
ХIинкъун тIамулеб галухъ,
Дир месед,
Хекко гIела кIудияи;,
Дир месед,
Хадуи; росасе кьела,
Дир месед,
Дурги и;икIина тIинач,
Дир месед,
Мунго гIадинаи; цIодок,
Дир месед.


Балаи; бергьун буго дир
Васас:
Дур беразухъ, кьунсрузухъ,
Гъалазул щибаб расухъ,
Балаи; бергьун буго дир,
Балаи; бергьун буго дир.
БулбулхIанчIил гIадинаб
ХIаи;ранаб гьаракьалъухъ,
ХIасрат бергьун буго дир,
ХIасрат бергьун буго дир.
Ясалъ:
РагIадлъун хадув чIоге,
Гьардухъанлъун свердоге,
ГIакълу дагьаб гвангвара,
ГIакълу дагьаб гвангвара.
Берал речIчIизаруге,
Цои;ги азбаралде а,
ГIакълу гьечIеб гвангвара,
ГIакълу гьечIеб гвангвара.


Васасул кечI
Къоло щуго сон бана,
ГIумру дагьаб бичIчIана,
АскIоб росулъ йигей яс
Дир рекIелъе йосана.
ЦинтIаго данде чIварай
Берцинай хIурулгIиналъ
РекIеда цIа бакана,
Свине гьабизе кIвечIо.
Дун валагьун чIун вуго
Дур разилъи щвеялъухъ,
Амма дир эбелалда
Дун вичIчIизе кIоларо.
Дургоги кканагури
Кидаялиго рокьи,
Киназдаго кIал гьикъун,
Анагури инсуе.
Огь, эбел, рокьул нухал
РитIарал рукIунаро, -
Дица дуда гьарула
Гьанже дун живго теян.
БагIнасил берал ругей,
Берцинай яс дир йиго.
Дунги, кIиявго вацги,
Дир эменги дур руго.


Гьудуласухъе:
Къункъра, вере, гIенекке,
Дир гьаракъ рагIуларищ,
Нагагь гьудул вихьани,
Гьесда дир салам бице.
Зоб къотIун къокъунелъул,
Балагье рахъ-рахъалде,
Гьудул вихьани абе
Дихъе нахъвуссайилан.
Дуца хIеренго бице
ХIал ккараб дир гIумрудул,
Абе ккарабщинаб жо
КIочон тезе мех щванин.
БухIулеб рекIел гьари
Гьесие къабуллъани,
КъватIибе кIанцIилаан
ЦIакъго кьабиялъ дир ракI.


Къоркъол бакъан
Цо пуланаб росдал
ГIурул рагIалда
Щурункъверкъ букIараб
Бакъан щурулеб.
Гьелъ биччалеб бакъан
ГIинда рекIарал
ХIутI-хъумураз гьалда
Зигара бана:
- ТIокIаб бакъангойищ
Дуда лъалареб?
Бегьулеб батани,
Гьеб къур-р-ри хисе.
Бакънабини дида
ГIемерал лъала,
АхIизе кIоларо
КIалдибе лъим бачIун.
МагIна: Бегьулареб хабар бицуге! Гъанкъула


Поэтасул ахирисеб кечI:
Беразда бихьуларо,
Лугбул мутIигIлъуларо
ЛъугIун ана къоялги
Ккана буссаде дунги
Къо-мех лъикI, мугIрул тIогьол
МагIарул иццазул лъим,
Къо-мех лъикI, хъахIал зобал,
ХъахIал накIкIазул тIелал.
Дун сапаралъ къокъана,
ТIокIав тIадвуссинаро, -
Гьаб дуниял дир гуро,
Гьанибго толеб буго
Мунагьал гIемер руго,
Гьабураб жо дагь буго,
Бечед гурхIарав вуго,
Хвасарлъизе хьул буго.


Памятник
Къварилъи бессарал
Соналги ана,
РахIму гьечIеб рагъул
Ругънал сахлъана
Бихьана, лъаларев
Рагъухъанасе,
РакIалда швеялъе,
Бугеб памятник
Рагъда чIел босарав
Багьадурасе
ПасихIго гьабураб
Мазгарул сурат


ГIакъло швезе хьул буго
Дур ботIрода гьанже
ХъахI рас баккана,
Вере ургъел ккоге,
Пашманлъуге мун
Гьеб буго бищунго
ЛъикIаб ишара,
Гьанже щвезе буго
ГIакълуги дуда


Дирго гIайибал
ГIадамазда гIайиб
ТIокIаб чIваларо -
Дирго рукIун руго
ГIемер гъалатIал
Берал балагьани,
ХIисаб гьабуни,
Килщал рикIк1ун руго
Дирго гIайибал


Горбода бетIер
Ярагъ букIи -
кIвар гьечIо,
ханжар букIи -
кIвар гьечIо,
ТуманкI букIи -
кIвар гьечIо,
Гьалагаб чу -
кIвар гьечIо,
Бищунго кIвар бугеб жо -
Горбода бетIер буго


Лугби рукIун гIоларо
Буртина – чухъа ретIун,
Чу гьалаглъун гIоларо,
Чорхода къуват бугел
Лугби рукIун гIоларо,
ЗагIипав чи вихьулел
Берал рукIизе ккола,
Зигардулел рагIизе
ГIундул рукIизе ккола


ГIакъло швезе хьул буго
Дур ботIрода гьанже
ХъахI рас баккана,
Вере ургъел ккоге,
Пашманлъуге мун
Гьеб буго бищунго
ЛъикIаб ишара,
Гьанже щвезе буго
ГIакълуги дуда


Мадугьал
Вай, мун хваяй мадугьал,
Хабаралъулги устар,
Цебе роххелги бицун,
Хадуб квешаб бицулищ?
Цебе квешаб бицула,
Хадуб лъикIаб бицула.
ТIоцере пашманлъани,
Хадур роххизе ккола


Гьанивго чIела
Ассалам – гIалайкум
Хириял мугIрул,
Гьале дун тIад вуссун
ВачIунев вуго
Барбарараб моцIги,
РоцIараб зобги,
Дун накъ вуссинаро,
Гьанивго чIела
Рорхатал мугIрулги,
Чваххулеб гIорги
БацIц1адаб гьаваги -
гьанивго чIела.


Каспий
Чваркулеб карачел,
БухIараб сали,
Каспий ралъад, духъе,
Дун чIалгIун йиго
БацIцIадаб салиги,
БухIараб бакъги,
ГIемераб мех ана –
Дун чIалгIун йиго


Гьале аскIой швана дун дукъе, Каспий
Харил алахI тана,
Сали баккана,
Гьале аскIой щвана,
Дун духъе Каспий
Хьиталги рахъана,
Саламги кьуна
Дур карачелаз дир
ХIатIал чурана


Рокъое юссина
Воре салам дуе,
ГIатIидаб Каспий,
КIиго лъагIел ана.
Мун бихьичIого.
Сали цIорон буго,
Зодоб бакъ гьечIо,
Карачелал дихъе
Щайзе рехулел?
Жакъа нилъер хабар
Данде ккеларо,
Рокъое юссина
Гьадин мунги тун


Тамашаяб халхъ
Чохьол, хинкIил гуреб
Хабар лъаларел,
Хирияб мацIалда
ЦIали лъаларел,
Чилъи гIодоб тарал,
Намус лъаларел,
Тамашаяб ракьда
Тамашаяб халкъ


ТIаде яхъе
Гьава-бакъ рекъараб
Къо бачIун буго,
Заман щвана гьанже
ТIаде яхъизе
Махсароде къанщун
Берал ругей яс,
Хекко тIаде яхъе
Школалде ине


Нилъер умумул
Чаран-махх букъулеб
Чода рекIунел,
Чоялъул кьолода
Кьурдизе к1олел,
Чарамул хвалчаца
Къолден къотIулел,
Гьединал рукIана
НекIо умумул


Рогьалил бакъгун цадахъ
Сонги бецIго букIана,
Жакъаги бецIго буго,
Рогьалил бакъгун цадахъ
БачIун буго чIегIер накIкI
Жаниб бугеб гьинал ракI
ЧIолеб гьечIо хIалалда,
Бакъ баккани боххула,
ГьечIони пашманлъула.


Макьу бачIунеб гьечIо
Авлахъ чIегIерлъана,
Сордо бецIлъана,
Дир беразде макьу
БачIунеб гьечIо
Зодихъан моцI баккун
ХъахIлъи реххана,
Дир беразде макьу
БачIунеб гьечIо
Зобал макьидаса
РорчIунел руго,
Дир беразде макьу
БачIунеб гьечIо.


КунчIи бахъана
Рогьалил хъахIлъиялъ
Гъалай биччана,
Дунялалъул бецIлъи
Нахъе лъутана
Дидехун рортулел
Карачелазда
ГIарцул кьер рехана,
КунчIи бахъана


Каспиялъул махI
Соназ кIатIун араб
Доб гIолохъанлъи,
РакIалде бачIана
Ралъад бихьидал
Жакъаги цIамхIалаб
Дур некIсияб махI
Данде чIвана,
Каспий Духъе шварабго


Поэтазде
Каранда цIа рекIунел
КучIдул нилъее тарал,
ГIенеккизе берцинал
РагIаби нилъей тарал,
Нилъер умумузул цIар
ЦIвабзазда аскIор лъурал,
Поэтал, нужер цIарал
КIоченаро кидаго


Аслияб жо
ГIемерал сонал рана,
БотIрода рас хъахIлъана,
Чанги гъалатIал ккана,
ГIемераб жо бичIчIана
Амма мухIканго лъана,
Аслияб жо щибали: «бакъги,
лъимги,
гьаваги,
Гьездаго цадахъ кечIги»


НекIсиял багьадурзаби
Наслаби ине риччай,
ГIасраби хисе абе –
Херлъиларо, хвеларо
НекIсиял багьадурал.
РукIанин, гьадиналин
Дица абизе гьечIо,
Гьал руго нилъгун цадахъ,
КIочон тезе риччаге!


Дица тирарал нухал
Гьале, рихьулел руго
Дица тирарал нухIал,
Гьале рихьунел руго
Дунго ругьунал мугIрул.
Хисун буго сверухълъи,
ТIеренлъун буго гIорги,
Хисун руго гIадамал,
ТIеренлъун буго намус


ГIарцул кьер
Гьале дир гьудулзаби
Жакъа нилъ данде чIвана,
Рохалий гьечIо гIорхъи,
Урхъуе гьечIо роцен
Цо-цоязул гьурмазда
Мухъал гIемерлъун руго,
ГIемерисезул расулъ
ГIарцул кьер рештIун буго

Теги: fatimat kicheva, фатимат кичева, mesedil goro, меседил горо

В КонтактеLiveinternetМой МирBlogger

Стихи других поэтов



Комментарии к стихотворению

Это произведение ещё не комментировали.

Регистрация в БП
Знакомство с авторами
Новые произведения
Новые комментарии
  • 24.04.2024 08:58, mihail, оставил отзыв на произведение Когда ..., автора mihail

  • 24.04.2024 08:24, Николай Отпущения, оставил отзыв на произведение Из храма в хлам, автора Николай Отпущения

  • 24.04.2024 04:30, Василиса Серебряная, оставил отзыв на произведение Из храма в хлам, автора Николай Отпущения

  • 23.04.2024 21:08, Дмитрий Новиковъ, оставил отзыв на произведение На прощание, автора Камал Ибрагимов

  • 21.04.2024 05:37, Александр Саркисов, оставил отзыв на произведение 23 августа 1942 года. Город Сталинград., автора Александр Саркисов